Сказ старого Мехди (исполнитель: Магомед-тамир Синдиков)

Бакъуде керен цураб, керчаб рохьалъ бацараб
Цо мугlрул аххалъуда кlиго кули букlана.
Рахъ-рахъалъан чваххулеб, чапун гlазул лълъугьунеб
Гlисин ихъхъал цолъараб лъарги гьениб букlана

Радал багlар бакъуца мегlер гвангъараб мехалъ
Кулаздасан къватlиве кlиго чи вахъунаан
Цуцахъ балагьун гьимун гьаругьин кверал росун
Кlиявго накъиталда къоялъ гlодор чlчlолаан.

Гьазул цояв вукlана Магьди абун цlар бугев
Сверухъ улка-ракьалда речlун данде чи течlев.
Сверухъ улка-ракьалда речlун данде чи течlев
Кьварарав багьадуран кибго цlар тlибитlарав.

Цойгияв ги вукlана Гlалиасхlаб абулев
Гlумроялъ хъачагълъуда чияр ракьал сверарав.

Цо къоялъ гьал хъараби, харбие жо ги тlагlун,
Гамчlазда гlодор рукlун, гlенеккун чlун рукlана.
Гьениб цо жо ракlалде бачlарав херав Магьди,
Магжида кверги бахъун, Асхlабиде кlалъана:

«Валлагь вац, Гlалиасхlаб, сунел ругин гьал къоял.
Къвалде ххураб херлъиялъ лъвахан унеб бугин джан.
Бицине жо тlагlана, гlакълу лъарани бана.
Аллагьасул къадаралъ къвал базе заман щвана.

Цо хабар хутlун буго гьанже дуе бицине
Бахаlараб мехалъ ккараб, хlикматаб къиса буго».
Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте

Открытка с текстом :
Удобно отправить или распечатать
Создать открытку
У нас недавно искали песни:
Страшилка Из закрытой школы  Морко такмак Краснов Вадим  Положила наадя  Джеймс Ласт Жизнь прекрасна Оркестр Поля Мориа  Ля-ля-ля фт Ваня Станция3 Кто ТАМ Макиавэлли  Not A Dream китайская целительная  Продавай Коля Маню  Ти мое все 
О чем песня
Магомед-тамир Синдиков - Сказ старого Мехди?
2020 © Tekstovoi.Ru Тексты песен