Я Рабби Я Аллаh ихlфаз Шайхана (исполнитель: группа Чиркей)

РагIи каламалъул кепал дурусал, 
Дунял-ухраялъул гIилмо бичIчIарал, 
ГIакъидат бацIцIадал, ихлас камилал
Курамаал руго дир устарзаби.
Диналъул хIубалги хIалае чIарал,
ХIалай рукIиналъе дол мукIурлъарал,
Муъминаб халкъалъе нигIматлъун кьурал
ГIарифунал руго дир устарзаби

АхIмадил ирсалъул хIазун вафи-ралъ 
ХIузур камиллъарал, курмул гвангъарал,
Кавноялде щвараб бакъул нур гIадал,
ГIуламаал руго дир устарзаби.
«АскIове къарав чи къосун кколареб Къавм», 
– илан Аллагьас сифат гьабурал,
Гьидаят бокьараз тIалаб гьарулел
ТIокIаб агьло буго дир устарзаби.

Гьаб тасавуфалъул агьлоялъ гIадин,
ГIалам гIилмоялъулъ бечед гьабичIо.
.ГьазулгIан, къулубал тамах гьару-леб,
Тамашаяб калам дихъеги щвечIо.
Диналъулъ бацIцIалъи бокьарав чияс
Бухье абе сафар устарасухъе.
 Ахираталде къут къварагIарасе
Къан гьечIебин каву, кантIе нуж гьелде.
Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте

Открытка с текстом :
Удобно отправить или распечатать
Создать открытку
У нас недавно искали песни:
Mage pride  Jung Min Only me  Губы я твои целую  Про батька  Море- кравц  I hear them calling  Летучий карабль  Haste haste 
О чем песня
группа Чиркей - Я Рабби Я Аллаh ихlфаз Шайхана?
2020 © Tekstovoi.Ru Тексты песен