На аварском (исполнитель: Серенада)
Рекlел хиялазулъ Халатал нухал, Хирияй, рихьулищ Дур гордухъе щун? Хъахlил зодихъ нилъей, Талихlалъул цlва, Цlубан бугин ккола. Якка къват1ие! Хъахlил зодихъ нилъей, Талихlалъул цlва, Цlубан бугин ккола. Якка къват1ие! Къоял унел руго, Ракl духъин агьдун Унго кинан дуда Гьеб бичlулареб. Чlалгlен буссинегlан Аскlой щвечlони, Щиб къимат, гlагарай, Гlолохъанлъидул? Чlалгlен буссинегlан Аскlой щвечlони, Щиб къимат, гlагарай, Гlолохъанлъидул? Гlурул лъим гlадинан Гlумрудул заман, Гlодой бусинчlого Буго чвахулеб. Гlонсоде къулараб Херлъи рещтlиндал Хадуб угьдизе йищ, Гьаб рокьи телеб? Гlонсоде къулараб Херлъи рещтlиндал Хадуб угьдизе йищ, Гьаб рокьи телеб? Мун йокьулин абун Ахlулеб ракlалъ Кинабго Дагъистан Цlун буго жакъа. Цlа рекlараб гlадин Духъ хlасралъиялъ, Бухlулеб дир рекlел, Гьечlищ дуй ургъел? Цlа рекlараб гlадин Духъ хlасралъиялъ, Бухlулеб дир рекlел, Гьечlищ дуй ургъел? Гьечlищ дуй ургъел? Гьечlищ дуй ургъел?