Мое счастье (.com/avarbestmusic) (исполнитель: Динара Джамалудинова)
1 куплет: Эркенлъи г1оларого, лагълъи балагьулеб рак1. Рах1ат бич1ч1уларого, х1алт1и ц1ехолел лугбал. Х1ат1ил гудур бач1ого, ч1олареб г1амал кинаб. Горбод чангит гьеч1ого бегьулареб пикру щиб 2раза. 2 куплет: Дида щай бихьулареб, аск1обго бугеб талих1. Къимат щай гьабулареб щварабго икъбалалъул. Гьикъуларесухъ г1одун, г1аданиб къунеб маг1у, гьикъуларесда хадуй хапдон свакалел кверал 2раза. Припев: Талих1илан ах1делаго унел ругел гьал къоял 2раза Икъбалилан гьарделаго гирулел ругел сонал 2раза. 3 куплет: Дие щун бугеб талих1, щиб кьуни босе к1олеб. Дида лъан бугеб х1алхьи, лъилбикада бихьараб. Г1ахьалаб гуронани, маг1ишат бегьуларищ. Чидай хъулухъ гьабич1еб, г1умру рик1к1унаребищ 2 раза Припев: тот же