Песня о том, как в горах родилась песня (исполнитель: Магомед-тамир Синдиков)
Вукlун вуго цо мискин Цо цlцlеялъул бетlергьан Цо гъветlалъул ахихъан Цо ханжар-ярагъ бугев. Талихl къосарав гьасул Цохlо талихl букlана - Цо ракlалъе йокьарай Яс щвезе бугеб мурад Хьулхьулдулев тана вас Ясалъ кlиго лъагlелалъ, Лъабабилелъ кьибилалъ Кьуна гьай цойгидасе. Цойгидав бечедасе, Чахъаби гlемерасе, Гlарцол чванта цlурасе, Гlи-боцlцlи гlемерасе. Хасел ана, ихх щвана, Ихх ана, рии щвана. Тlегьачlо васасул гъетl - Даим тана роххелалъ. Гlищкъу ккаралъ гуро къвал, Къварилъиялъ жемана. Ццин бахъарав мискинас Къватlиб бахъана ханжар, Ккуна лъарги ккун дегlен, Къотlана цо бугеб гъветl. Гьетl-гьетlараб гъветlалъул Къотlун пандур гьабуна. Гьелда дагlнил бакьалъул Бахъун кlиго чlва бана Чlваялда килищ кlутlун Агьан хlухьел вугьана, Амман дир къисматилан Къваридаб кечl ахlана. Гьедин бижун рагlула Тlоццебе магlарухъ кечl.