Отсутствует (исполнитель: Неизвестен)

" Я Бичасул Авараг" 
Я Бичасул Авараг, уммат хирияв ХIабиб, 
ХIал кIолеб гьечIо нижер низамалда хьвадизе. 
Замана квешлъун ккедал, куфру гIемерлъун ккедал, 
Кинабго чулпа лъугьун чара къотIун ккун руго. 

ЧорокаббацIцIадалъе цIоб гIатIидав Аллагьас 
ГIафву гьабун течIони, рорчIизе бакIго гьечIо. 
Гьеб рахIмуги нижее РахIманасул щвеялъе 
Щибниги далил гьечIо дур мунажат гурони. 

Диналъул къадру гьечIел къулубал ратаниги 
Къабул гьабе, я Аллагь, ахIараб нижер мавлид! 
ХIалалхIарам жубараб тIагIам батананиги 
ТIаса лъугьа, БетIергьан, гьелда ниж рази гьечIин! 

Мун вокьун данделъарал диналъул вацяцазе 
Дурго шафагIатазул щвезабе, ХIабиб, бутIа! 
ХIисабсуал гьабизе ГIарасалде рачиндал, 
Нечон, хIинкъун ниж тоге, хIакъав русулазул хан! 

Ахир заманалде ккун зунубал цIикIкIарал ниж, 
Забаниятал рачIун басра гьаризе тоге! 
Тавбуялъе кIвахIалаб агьлу ниж ругониги 
ЖужахIалъул цIедаса цIуне дуца, Авараг! 

Аллагь, Гъафуру РрахIим, ХIабибасда цIоб лъеги 
ЦIадул балагьалдаса уммат хвасарлъиялъул! 
Хасго рецц Дуе, Халикъ, халкъ бижарав БетIергьан, 
ТIагьал бицун кIалъазе кIалмацI нижее кьурав!
Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте

Видео к песне:
Открытка с текстом :
Удобно отправить или распечатать
Создать открытку
У нас недавно искали песни:
Supertramp If Everyone Was Listening  Supertramp Crime of the Century  Deep Purple Shadows  Supertramp From Now On  Mescalero ZZ Top  Izlama  Фактор 2 хочу на тв 
О чем песня
Неизвестен - Отсутствует?
2020 © Tekstovoi.Ru Тексты песен