ТIарикъаталъул эмен (исполнитель: Мирзоев М. www.islamdag.ru)

ТIарикъаталъул эмен, авлияазул султIан,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Анбияазул саййид, мурсалиназул хатам,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Аллагьасул мун махIбуб, хIакъав Бичасул Расул,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Алжан-жужахIалъул хан, махлукъаталъул гIирфан,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
СиратI-низам камилав караматалъул бахIру,Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
ГIарш-Курсалъул мун аслу, асраразул бетIергьан,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
ЛавхI Къаламалъул авал, умуразул байбихьи,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Анбияал-русулал мун сабаблъун тIокIлъарав,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Агьлул кабаиразе шафагIатал гьарулев,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Аллагьасул хазина халкъалъе тIибитIарав,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
РахIмат чвахулеб сахIаб, саликиназул матIлуб,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Агьвалазул къояца аманат дуде бугев,Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Абадияб рукъалъул рохел дудалъун щолев,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.Ливаул хIамд кодосев, Кавсар-ХIавзалъул малик
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Макъамул-махIмудалъе къотIи гьабурав, Мухтар,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Аб нижер улкаялъе канлъи кьурав, Нуруллагь,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Аллагьасул диналде ниж ахIарав Сайфуллагь,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Агьлу тасаввуфалъул судурал гвангъулеб бакъ,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Иршадалъул силсилат сайгъат нижей гьабурав,
Салат-салам, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Аллагьасде унеб нух манлъизе эл ритIарав,
Салам дуде, Авараг, умматалъул рахъалъан.
Эзухъе нилъ рачарав БетIергьанасе щукруКамилаб адаб кквезе гьунарго гIечIониги.
Гьезде инкар гьабулеб къавмалъулъ ратунгутIи
КIудияб давла буго диналъул вац-яцазе.
Мавлая свалли ва саллим даиман абадан,
ГIала ХIабибика хайри-л-халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб свалат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв Дур ХIабиб – АхIмадида!
Я, Рабби, берцин гьабе ХIабибасул хобгин рухI,
Гьуинал махIаздалъун, свалат-саламалдалъун!
Я, Рабби, ризкъилъун кье ХIабибасул шафагIат
Гьаб нежер мажлисалда данделъаралщиназе!
Амин Аллагь, я Аллагь! Амин Аллагь, я Аллагь!
Амин Аллагь, я Аллагь, къабул гьабе, БетIергьан
Послушать/Cкачать эту песню
Mp3 320kbps на стороннем сайте

Открытка с текстом :
Удобно отправить или распечатать
Создать открытку
У нас недавно искали песни:
Наруто шипуден опенинг 3  Алло мам МИНУС  Я прихожу к Тебе Сергей Львов  Тяга - Он уходил  Собою дверь казармы  Эллаи-Боль моя  О тебе все мысли о тебе все слезы  Песнопения 
О чем песня
Мирзоев М. www.islamdag.ru - ТIарикъаталъул эмен?
2020 © Tekstovoi.Ru Тексты песен